Наш Наставник. гр. Чиркей
Отношение пользователей: 0
Исполнитель песни: гр. Чиркей
Название произведения: Наш Наставник.
Длительность mp3 файла: 07:12
Датировано: 2015-03-22
Текст набрал просмотров: 602
Дир рухlиявЭмен Сагlид-Афанди (къ. с.)
ВачанаАллагьас Алжан къачlазе,
Щукру дагьгьабураб, гlелмудул ралъад,
Щвана дуемакъам бищун хирияб.
Алжаналъулагьлу хирияв Эмен,
Унтун бугинкерен ками захlмалъун,
Бухlарабмагlица бералги чурун
Чучизекlолареб хlал рещтlун бугин.
Бицинезахlматаб рекlел унтуца,
Толебгьечlин макьу мун вокьулезе,
ГьадигlанМун вокьи лъанго букlинчlо,
Дурмуридзабазда, хирияв муршид.
Чвахулеб магlица Ссудун бералгун,
Соролел килщацачlумалги сверун,
Цоцадазигара балел руго ниж,
Цоцазул ракlазебигьалъи щозе.
Къвакlаралбихьинал балъго гlодулеб
Вахlшиябгlасияб кlудияб балагь.
Балагьнибуго щун, диналъул вацал,
Сундулъгоккъун чlаян гьeчlищ васият.
Унгобокьилаан мунгун дандчlвазе,
Цингихlеренаб квер, цоцlул бачине,
Кверда убачгьабун дуда къочизе,
Цингиги дуркалам, гьелъухъ гlин байзе.
Бице нижер салам Аварагасде (с.т.гl)
Хириял лебалал асхlабзабаде,
Цинги бице салам шугьадаазде,
Диналъе хlалтlарал Алжан щваразде.
Aбе нижги ругин урхъун нужеда,
Хьул нижер буссине , Магьди вечlчlаян,
Пайда гьечlеб дунял нахъеги рехон,
Данделъизе хьулгун, нижги ругоян.
Гьанже бичlчlун буго нижеда Эмен,
Гьаб мисалаялъул гъваридаб магlна,
Цо нухалъ абурал дуца Кlудияв,
Цо кlудияв чияс дуда гьаридал.
Канлъи унеб бугин дугlа гьабеян,
Дуца жаваб кьуна гьабилин дугlа,
Амма канлъи бачlун щибдай бихьилеб
Бихьизе лъикlабги хутlун гьечlилан.
Бачlун щибиз нижей, канлъи Кlудияв,
Гьадигlан хирияв мун вихьулареб?
Аллагьасул къадар къабулги гьабун,
Сабруялда чlела чlунтараб росулъ,
Дур камиляб сифат, цинги дур макъам,
Дур гьайбатаб гьими, гьуинаб хабар,
Дур панаяб гьаракь, гlакъилаб калам,
Хутlила даимго нижер ракlазулъ.
Тlаса лъугьа Эмен, Мун нижедаса,
Нижеца дур тараб адабалдаса
Гьаре АЛЛАГЬАСДЕ, нижед гурхlаян.
Рахlму цlобалдалъун мунагь чуреян.